Что такое findslide.org?

FindSlide.org - это сайт презентаций, докладов, шаблонов в формате PowerPoint.


Для правообладателей

Обратная связь

Email: Нажмите что бы посмотреть 

Яндекс.Метрика

Презентация на тему по аварской литературе Вера Васильевна

Содержание

Дарсил мурадал:Расул Х1амзатил творчествоялъулгун лъай -хъвай гьабизе; ц1алдохъабазул калам цебет1езабиялда т1ад х1алт1и; тарбия кьеялъе замана х1алт1изаби.
Расул Х1амзатов  «Вера васильевна» Дарсил мурадал:Расул Х1амзатил творчествоялъулгун лъай -хъвай гьабизе; ц1алдохъабазул калам цебет1езабиялда т1ад х1алт1и; тарбия кьеялъе замана х1алт1изаби. эпиграф:Дун вач1ун вук1ана гьаб дунялалдеГьудуллъиялъегун гьуинлъиялъе.Дилъ гьеч1о тушманлъи, дилъ рохел буго.Бакъулгун, Тестовияб х1алт1и1.Киданиги херлъулареб жо? 2. «Ва дир к1удияв х1аким, гьадаб цо маг1арда 6. Лъица хъвараб ва кинаб асаралда йигей бецай, х1икматай, ц1ар раг1арай устар.7.Кинаб 9. «Макьилъ г1адин рак1алде щола дида дунго лъимерлъун вук1араб заман».10.Кинаб асаралдаса гьал Рак1 (бицанк1о)«Ганч1ил вас»«Лъабго гьунар гьабрав бах1арчи»«Кьурулъ хут1арав Г1али» (халкъияб кеч1)Ц1. Х1амзат «Гъалбац1ги Расул Х1амзатов гьавуна 8 сентябралда 1923 соналъ Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ. Гьев «Дица т1оцебесеб кеч1 гьабуна 11 сон барав гьит1инв васас, рагъида т1амун «Т1оцебе басмаялда дир кеч1 бахъана анкьабилеб классалда ц1алулев мехалъ. Гьелдаса хадур Т1оцебесеб куч1дузул т1ехь «Бух1араб рокьиги кьварараб ццинги»гьесул бахъана 1943 соналъ. Рагъулал соназда Расулил ч1ужу Пат1имат. Гьей хвана 2000 соналъ. Гьесул руго лъабго яс Зарема, Г1урус мац1алда гурелги Расулил асарал руссинарун руго бат1и-бат1иял х1укуматазул мац1аздеги. Гьединго Расулил 2003 соналъ дунялда бищунго машгьурав маг1арулазул цевехъан Расул Х1амзатов нилъедаса ват1алъана. Жив Елизавета Матвеевна Семенюк. 1930 соналдаса х1алт1ана Рихьуни росулъ учительлъун. 1942 соналдаса нахъе х1алт1ана директорлъун. Раг1абазул БаянГ1азизаб- гьайбатаб, хирияб.Нуха –нухБугьтанал – мац1 гьаби, гьеч1еб мунагь т1адлъей.Панаяб – бух1аяб.Коммунарал –политрукалКулак-бугеб щинаб бечелъиги Вера  Васильевна Гьеб хинаб балаялъ нуха рег1анаКиналго г1умрудул нухазулъан дун.Кинго к1очонаро т1егь гъунеб гъвет1ги,Дир Г1емераб мех бана, лъач1о дур къимат,-Киг1ан къо бихьараб, къварилъи лъараб.Къисматалъ гьабич1о щибниги Хирияй, бищунго бах1арал соналБец1аб муг1рул росулъ т1амуна дуца.Бец1ал руччабазул гьерсилал мац1аз Гьабихъги Радал, бакъанида СевералдехунДуца угьулаан панаяб х1ухьел.Пашманал лах1затаз  маг1арул росулъГ1емерго щолаан дуда Ва гьелъул макъаби, маргьабалъ г1адал,-Г1асиял кьураби, ч1ах1иял борхьал,Бидул ц1урал хунжрул ва гьезда Мун релълъун йик1ана, дир рек1ел гьудул,Бокьун кьалде арав рагъухъанасда,Яги къоабилелъ муг1рузде щваралБаг1арал Ва хасалил сардаз квачараб рокъобМукъсанаб канлъухъе дуца ц1алана:Муг1рул лъималаца т1оцере хъварал,Бищунго г1адатал Ниж г1уна, г1емерал сонал роржана,Нижеца г1асиял муг1рул рахана.Г1азизай эбелалъ кинигин, дуца,Квер Дур ц1алдохъабаца – маг1арул васазРотаби гьужумалъ цере рачана.Рейхстагалъул къеда бег1ераб хечалъ,Жал Хунзахъа Дур ц1алдохъабаца – мун ч1ух1уларищ,Ч1ег1ерг1орда цебе сангар гьабуна,Ва бец1ал росабалъ колхочаг1азеКоммунизмаялъул ц1аял Вера Васильевна, кинаб дуниялДур дарсаз рагьараб нижер беразе!Киб бак1алде щвеч1ел унго дур Рак1алда бук1уна нилъер школа,Бищун нахъа росулъ сунеб дур чирахъ,Баг1араб щакъиялъ лъурал къиматал,Щивасул Доскаялде рахъун дарсал рицинеВа масъалабазе жавабал кьезе:Пушкин рак1алдасан дарран ц1ализеВа Маяковский такрар Дида лъала, эбел цо йик1унейлъи,Цогидаз кидаго гьей хисунгут1и,Амма киназулго рак1алъ абула,К1иабилей эбел йигин мунилан. Суалал Вера Васильевналда кинал зах1малъаби дандч1варал маг1арухъ?Лъица гьелъие кумек гьабураб?Г1урус мац1 малъиялъул кинаб Адабияталъул теория Художествияб асаралда жаниб цо предмет, лъугьа-бахъин яги ах1вал-х1ал цогидаб, ц1алулесда 1.Расул Х1амзатов гьавурав сон?а) 1923б) 1925в) 1932  2.Расулица т1оцебесеб кеч1 хъвана?а) 7 Жабал:1. 19232. 11 сон байдал3. 7 классалда 4. «Х1асратаб рокьиги боркьараб ццинги» Цо нухалъ г1акъилчиясухъе вач1ун вуго цо г1олохъанав вас . Гьес кьун буго Г1урухъе щвейгун дуда гьенив ватизе вуго расачи , гьес щвезавилин мун дове. Мах1ачхъалаялда г1урус учительницаялъе бараб памятник Дарсица гьабураб асар Рокъобе х1алт1и Гь. 129 – 133, пасих1го ц1ализе.
Слайды презентации

Слайд 2 Дарсил мурадал:
Расул Х1амзатил творчествоялъулгун лъай -хъвай гьабизе;
ц1алдохъабазул

Дарсил мурадал:Расул Х1амзатил творчествоялъулгун лъай -хъвай гьабизе; ц1алдохъабазул калам цебет1езабиялда т1ад х1алт1и; тарбия кьеялъе замана х1алт1изаби.

калам цебет1езабиялда т1ад х1алт1и;
тарбия кьеялъе замана х1алт1изаби.


Слайд 3 эпиграф:
Дун вач1ун вук1ана гьаб дунялалде
Гьудуллъиялъегун гьуинлъиялъе.
Дилъ гьеч1о

эпиграф:Дун вач1ун вук1ана гьаб дунялалдеГьудуллъиялъегун гьуинлъиялъе.Дилъ гьеч1о тушманлъи, дилъ рохел

тушманлъи, дилъ рохел буго.
Бакъулгун, ц1адулгун, чилъиялъулгун.

Расул Х1амзатов

Слайд 5 Тестовияб х1алт1и
1.Киданиги херлъулареб жо?
2. «Ва дир к1удияв

Тестовияб х1алт1и1.Киданиги херлъулареб жо? 2. «Ва дир к1удияв х1аким, гьадаб цо

х1аким, гьадаб цо маг1арда дида вихьана анц1го чахъугун цо

гьит1инав вехь».Асар хъвазе ва щив гьезда ватарав вас.
3.Кинаб асаралдаса росарал гьал суратал?
«Вас хвасар гьавуралъухъ ханас кьолеб бук1араб ханлъиялдасаги ханасул ясалдасаги инкар гьабура бах1арчи».
4.Кинаб асаралда бакьулъаги вухьун вацас вац кьурулъе виччарав?
5. Кинаб литературияб маргьаялъул эпиграфлъун босун бугеб гьаб кици:
«Бергьарасул къуваталдаса, къурасул г1акълу бергьуна».


Слайд 6 6. Лъица хъвараб ва кинаб асаралда йигей бецай,

6. Лъица хъвараб ва кинаб асаралда йигей бецай, х1икматай, ц1ар раг1арай

х1икматай, ц1ар раг1арай устар.
7.Кинаб асаралда йигей бечедав нуцаласул яс

мискинав чиясул рокъое яч1арай
….. , к1ертгун яч1ун,
Ч1ибирикъил гьанийила,
Гьав гурони вокьиларин,
Кьун раг1игун, ч1арайила.
8.Хадуселл раг1абазул автор хъвазе:
«Зах1мат бихьич1ого, рах1ат бокьарас
Бекьич1ого лъилъе, нилъ гьеч1ого, хур».
 

Слайд 7 9. «Макьилъ г1адин рак1алде щола дида дунго лъимерлъун

9. «Макьилъ г1адин рак1алде щола дида дунго лъимерлъун вук1араб заман».10.Кинаб асаралдаса

вук1араб заман».
10.Кинаб асаралдаса гьал суратал?
«Гъизляралъул базар-къот1ноб къаданир кирпичалги

лъун, къохьол хъабчилъ черхгги жемун кьижарал х1алт1ухъаби».
11.Лъил раг1аби:
«Мун гьоболлъухъ рещт1а ч1ух1аб къавут1а,
Къойил вач1аниги, мун ч1алг1унареб»?

Слайд 8 Рак1 (бицанк1о)
«Ганч1ил вас»
«Лъабго гьунар гьабрав бах1арчи»
«Кьурулъ хут1арав Г1али»

Рак1 (бицанк1о)«Ганч1ил вас»«Лъабго гьунар гьабрав бах1арчи»«Кьурулъ хут1арав Г1али» (халкъияб кеч1)Ц1. Х1амзат

(халкъияб кеч1)
Ц1. Х1амзат «Гъалбац1ги Г1анк1ги»
Г1. Хачалов «Шахламаз»
Г1. Мух1амад «Ч1ибирикъ»
Их.

Г1алих1ажияв
А. Гъапуров «Дир г1умру»
Г1. Иминагъаев «Х1алт1ухъанасул г1умру»
Ц1. Х1амзат «Гьудуллъи лъилгун кквелеб».

Слайд 9 Расул Х1амзатов гьавуна 8 сентябралда 1923 соналъ Хунзахъ

Расул Х1амзатов гьавуна 8 сентябралда 1923 соналъ Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ.

районалъул Ц1ада росулъ. Гьев гьавуна Ц1адаса Х1амзатил хъизамалда, гьев

ккола Х1амзатил лъабабилев вас. Расулил к1иявго к1удияв вац рагъдаса вуссунаро.

Слайд 12 «Дица т1оцебесеб кеч1 гьабуна 11 сон барав

«Дица т1оцебесеб кеч1 гьабуна 11 сон барав гьит1инв васас, рагъида

гьит1инв васас, рагъида т1амун бук1араб оцол т1омода т1адги вегун.

Хадуб дица гьабуна чанго кеч1 дирго школалде, учительзабазде.
1940 абилеб соналъ Буйнакс шагьаралда педучилище лъуг1ун хадуб, цеве дун ц1алулев вук1араб школалда цо дагьаб мехалъ учительлъун х1алт1ана. Гьениб гьанже гьоркьохъеб школа буго, гьелда дир инсул ц1ар лъун буго».

Слайд 13 «Т1оцебе басмаялда дир кеч1 бахъана анкьабилеб классалда

«Т1оцебе басмаялда дир кеч1 бахъана анкьабилеб классалда ц1алулев мехалъ. Гьелдаса

ц1алулев мехалъ. Гьелдаса хадур дир куч1дул районалъул газетазда рахъизе

байбихьана».


Слайд 14 Т1оцебесеб куч1дузул т1ехь «Бух1араб рокьиги кьварараб ццинги»гьесул бахъана

Т1оцебесеб куч1дузул т1ехь «Бух1араб рокьиги кьварараб ццинги»гьесул бахъана 1943 соналъ. Рагъулал

1943 соналъ. Рагъулал соназда хъварал куч1дузулъ гьес хъвалеб бук1ана

бах1арчилиялъул х1акъалъулъ. Къого сон бараб мехалъ Дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъул членлъун х1алт1ана.
Росун жиндирго куч1дулгун Расул ана Максим Горькиясул ц1аралда бугеб Литературияб институталде ц1ализе.
1950 соналъ Расулица лъуг1изабуна литературияб институт.


Слайд 15 Расулил ч1ужу Пат1имат. Гьей хвана 2000 соналъ. Гьесул

Расулил ч1ужу Пат1имат. Гьей хвана 2000 соналъ. Гьесул руго лъабго яс

руго лъабго яс Зарема, Пат1имат , Салих1ат. Гьабсаг1аталъ Салих1ат

х1алт1илей йиго эбелалъул ц1аралда бугеб музеялда.

Слайд 16 Г1урус мац1алда гурелги Расулил асарал руссинарун руго бат1и-бат1иял

Г1урус мац1алда гурелги Расулил асарал руссинарун руго бат1и-бат1иял х1укуматазул мац1аздеги. Гьединго

х1укуматазул мац1аздеги. Гьединго Расулил куч1дул ах1ула сценаялда коч1охъабазги.


Слайд 17 2003 соналъ дунялда бищунго машгьурав маг1арулазул цевехъан Расул

2003 соналъ дунялда бищунго машгьурав маг1арулазул цевехъан Расул Х1амзатов нилъедаса ват1алъана.

Х1амзатов нилъедаса ват1алъана. Жив хваниги Расулица нахъе тана абадиялъго

к1очонарел асарал. Хваниги гьев нилъер рек1елъ ч1аго вуго .


Слайд 18 Елизавета Матвеевна Семенюк. 1930 соналдаса х1алт1ана Рихьуни росулъ

Елизавета Матвеевна Семенюк. 1930 соналдаса х1алт1ана Рихьуни росулъ учительлъун. 1942 соналдаса нахъе х1алт1ана директорлъун.

учительлъун. 1942 соналдаса нахъе х1алт1ана директорлъун.


Слайд 19 Раг1абазул Баян
Г1азизаб- гьайбатаб, хирияб.
Нуха –нух
Бугьтанал – мац1 гьаби, гьеч1еб мунагь

Раг1абазул БаянГ1азизаб- гьайбатаб, хирияб.Нуха –нухБугьтанал – мац1 гьаби, гьеч1еб мунагь т1адлъей.Панаяб – бух1аяб.Коммунарал –политрукалКулак-бугеб щинаб

т1адлъей.
Панаяб – бух1аяб.
Коммунарал –политрукал
Кулак-бугеб щинаб бечелъиги нахъе бахъун росу тун, рит1арал

чаг1и.
Рейхстагалъул къед –Берлиналда фашисталзул х1укумат жаниб бук1араб минаялъул къед


Слайд 20

Вера Васильевна Дида лъала, эбел цо

Вера Васильевна
Дида лъала, эбел цо йик1унейлъи,
Цогияз

кидаго гьей хисунгут1и.
Амма дир г1умрудул х1исаб гьабидал,
Йиго цоги ч1ужу цее яч1уней.

Анкьго сун бук1ана, рак1алда буго,
Рик1к1ада маг1арухъ, г1азизаб росулъ,
Жийго эбел г1адин, мац1 чияр г1адан
Чияр васасухъ – дихъ балагьарай куц.


Слайд 21 Гьеб хинаб балаялъ нуха рег1ана
Киналго г1умрудул нухазулъан дун.
Кинго

Гьеб хинаб балаялъ нуха рег1анаКиналго г1умрудул нухазулъан дун.Кинго к1очонаро т1егь гъунеб

к1очонаро т1егь гъунеб гъвет1ги,
Дир гъажалда лъураб тамахаб кверги.

Вера Васильевна,

г1азизай гьалмагъ,
Т1оцебе г1урус дарс дие ц1аларай.
Къого хасел ана нижер росулъе
Москваялдаса мун яч1аралдаса.






Слайд 22 Г1емераб мех бана, лъач1о дур къимат,-
Киг1ан къо бихьараб,

Г1емераб мех бана, лъач1о дур къимат,-Киг1ан къо бихьараб, къварилъи лъараб.Къисматалъ гьабич1о

къварилъи лъараб.
Къисматалъ гьабич1о щибниги гурх1ел,-
Гьанжеги бук1уна дир рак1 гьелъ

унтун.

Дир школ бух1ана сардилъ кулаказ,
Дур гордал гъурана гьезул ганч1аца,-
Дагьабги к1удияб ккезе бахъана,-
Комсомолаца мун гьаюна хвасар.


Слайд 23 Хирияй, бищунго бах1арал сонал
Бец1аб муг1рул росулъ т1амуна дуца.
Бец1ал

Хирияй, бищунго бах1арал соналБец1аб муг1рул росулъ т1амуна дуца.Бец1ал руччабазул гьерсилал мац1аз

руччабазул гьерсилал мац1аз
Гьабихъги корохъги какулаан мун;

Бот1рол рас бахчизе

чохт1о-к1аз гьеч1ей
Дуде аск1ор ясал рит1иларилан.
Цогиги рук1ана дозул бугьтанал,-
Бич1ч1и щвеч1ел гьезда т1аса лъугьа мун.

Слайд 24 Радал, бакъанида Севералдехун
Дуца угьулаан панаяб х1ухьел.
Пашманал лах1затаз

Радал, бакъанида СевералдехунДуца угьулаан панаяб х1ухьел.Пашманал лах1затаз маг1арул росулъГ1емерго щолаан дуда

маг1арул росулъ
Г1емерго щолаан дуда рак1алде:

Ра к1 урхъараб Москва, Арбаталъул

къват1,
Т1угьдузул тукада дандбит1араб рукъ;
Т1инч1ги ун хут1араб х1инч1алда релълъун,
Мун рокъой ах1улей х1асратай эбел;

Слайд 25 Ва гьелъул макъаби, маргьабалъ г1адал,-
Г1асиял кьураби, ч1ах1иял борхьал,
Бидул

Ва гьелъул макъаби, маргьабалъ г1адал,-Г1асиял кьураби, ч1ах1иял борхьал,Бидул ц1урал хунжрул ва

ц1урал хунжрул ва гьезда гьоркой
Микьабго рахъалъан сверун ккурай мун.

Вера

Васильевна, зах1мат бук1ана,
Амма дуца кинго, кверал рорхич1о.
Дур каранлъ бук1ана багьадураб рак1,
Дур рек1елъ бук1ана багьадураб къасд.


Слайд 26 Мун релълъун йик1ана, дир рек1ел гьудул,
Бокьун кьалде арав

Мун релълъун йик1ана, дир рек1ел гьудул,Бокьун кьалде арав рагъухъанасда,Яги къоабилелъ муг1рузде

рагъухъанасда,
Яги къоабилелъ муг1рузде щварал
Баг1арал полказул коммунаразда.

Дулъ бук1ана канлъи, цо

кули гуреб,
Кинабго дуниял гвангъизабулеб,
Россиялъул канлъи, Москваялъул ц1ва,
Тушбаби риххулеб, гьудул вохулеб!

Слайд 27 Ва хасалил сардаз квачараб рокъоб
Мукъсанаб канлъухъе дуца ц1алана:
Муг1рул

Ва хасалил сардаз квачараб рокъобМукъсанаб канлъухъе дуца ц1алана:Муг1рул лъималаца т1оцере хъварал,Бищунго

лъималаца т1оцере хъварал,
Бищунго г1адатал г1урус раг1аби.

Гьеб щибаб раг1иялъ нижер

бадиса
Борхана азарил соназул пардав.
Нижеда бихьана партабаздасан
Гьайбатаб г1умрудул г1ор щвараб чвахи.

Слайд 28 Ниж г1уна, г1емерал сонал роржана,
Нижеца г1асиял муг1рул

Ниж г1уна, г1емерал сонал роржана,Нижеца г1асиял муг1рул рахана.Г1азизай эбелалъ кинигин,

рахана.
Г1азизай эбелалъ кинигин, дуца,
Квер босун, сапаралъ ниж т1орит1ана.

Дуца куркьбал

гъурал ц1алдохъабаца
Ц1ар бугеб лебалаб нух нахъа тана.
Ц1ия-ц1ияб къокъа г1езабулаго,
Дир г1агараб росулъ дур рас хъах1лъана.

Слайд 29 Дур ц1алдохъабаца – маг1арул васаз
Ротаби гьужумалъ цере рачана.
Рейхстагалъул

Дур ц1алдохъабаца – маг1арул васазРотаби гьужумалъ цере рачана.Рейхстагалъул къеда бег1ераб хечалъ,Жал

къеда бег1ераб хечалъ,
Жал Хунзахъа ругин, гъулбас гьабуна.

Дур ц1алдохъабаца, ц1умаллъун

роржун,
Ц1вабзахъе щвезег1ан т1авап гьабуна,
Ва океаналъул карачалаби,
Гучал китаз г1адин, рикьизаруна.

Слайд 30 Дур ц1алдохъабаца – мун ч1ух1уларищ,
Ч1ег1ерг1орда цебе сангар гьабуна,
Ва

Дур ц1алдохъабаца – мун ч1ух1уларищ,Ч1ег1ерг1орда цебе сангар гьабуна,Ва бец1ал росабалъ колхочаг1азеКоммунизмаялъул

бец1ал росабалъ колхочаг1азе
Коммунизмаялъул ц1аял ракана.

Дора Москваялъул институтазда
Дарс ц1алулел

руго дур ц1алдохъаби.
Ц1ороберал рарал г1алимзабазулъ
Г1адамаз рик1к1уна дур ц1алдохъаби.

Слайд 31 Вера Васильевна, кинаб дуниял
Дур дарсаз рагьараб нижер беразе!
Киб

Вера Васильевна, кинаб дуниялДур дарсаз рагьараб нижер беразе!Киб бак1алде щвеч1ел унго

бак1алде щвеч1ел унго дур х1анч1и,
Улбузда, муг1рул тун, къват1иб бак1

лъач1ел.

Амма кир щваниги, щивасул рек1елъ
Бук1уна росуги, хаслихъе мехги;
Керчал гъут1буздаса гъунеб т1амахги,
Гъажалда т1ад лъураб тамахаб кверги.



Слайд 32 Рак1алда бук1уна нилъер школа,
Бищун нахъа росулъ сунеб дур

Рак1алда бук1уна нилъер школа,Бищун нахъа росулъ сунеб дур чирахъ,Баг1араб щакъиялъ лъурал

чирахъ,
Баг1араб щакъиялъ лъурал къиматал,
Щивасул классгин щивасул парта.

Дол партабазда нахъ

г1одорги рук1ун,
Г1исин лъимал г1адин, руго ниж урхъун:
Нахъеги ц1идасан духъ г1енеккизе,
Ц1умур кьабизег1ан, духъ балагьизе.

Слайд 33 Доскаялде рахъун дарсал рицине
Ва масъалабазе жавабал кьезе:
Пушкин рак1алдасан

Доскаялде рахъун дарсал рицинеВа масъалабазе жавабал кьезе:Пушкин рак1алдасан дарран ц1ализеВа Маяковский

дарран ц1ализе
Ва Маяковский такрар гьавизе.

Вера Васильевна, киг1ан гьуинго
Гьанже

дур х1акъалъулъ васаз бицунеб:
Цояца абула урхъарай яцин,
Цогияз абула эбел йигилан….

Слайд 34 Дида лъала, эбел цо йик1унейлъи,
Цогидаз кидаго гьей хисунгут1и,
Амма

Дида лъала, эбел цо йик1унейлъи,Цогидаз кидаго гьей хисунгут1и,Амма киназулго рак1алъ абула,К1иабилей эбел йигин мунилан.

киназулго рак1алъ абула,
К1иабилей эбел йигин мунилан.


Слайд 35

Суалал ва т1адкъаял:Дагъистаналда ц1ияб г1умру

Суалал ва т1адкъаял:
Дагъистаналда ц1ияб г1умру г1уц1изе:

школал рагьизе, больницаби х1алт1изаризе, хурухъанлъи, ахихъанлъи цебет1езабизе лъихъа бажарулеб?
Дол соназда маг1арухъ х1ажатал махщалилал рук1аралищ?
Щиб кумек гьабураб нилъее г1урус халкъалъ?
Вера Васильевна киса щий кколей? Щай гьей маг1арухъе яч1арай?
Дандеккун х1исаб гьабе, кинаб г1умру гьелъул бук1араб Москваялда ва маг1арухъ.
Щай гьелъ т1аде босараб х1инкъараб, зах1матаб г1умру?
Кинаб х1асил гьелъул ккараб?

Слайд 36 Вера Васильевналда кинал зах1малъаби дандч1варал маг1арухъ?
Лъица гьелъие кумек

Вера Васильевналда кинал зах1малъаби дандч1варал маг1арухъ?Лъица гьелъие кумек гьабураб?Г1урус мац1 малъиялъул

гьабураб?
Г1урус мац1 малъиялъул кинаб к1вар бук1араб ва гьанжеги бугеб?
Гьабсаг1ат

т1олабго ц1алиги авар мац1алда бачун г1урус мац1алдаса инкар гьабуни, щиб ккезе бугеб? Мисалал раче.
Щай поэтас жиндирго т1оцеесей г1урус учительницаялда к1иабилей эбелилан абулеб?

Слайд 37 Адабияталъул теория
Художествияб асаралда жаниб цо предмет, лъугьа-бахъин

Адабияталъул теория Художествияб асаралда жаниб цо предмет, лъугьа-бахъин яги ах1вал-х1ал цогидаб,

яги ах1вал-х1ал цогидаб, ц1алулесда лъик1 лъалеб, гвангъун цебеч1езабизе к1олеб

предметалда, лъугьа-бахъиналда, ах1вал-х1алалда данде ккола. Гьеб художествияб къаг1идаялда дандекквеян абула.

Масала: Вера Васильевнаги Дагъистаналде ун, жийго хут1арай гьелъул эбел релълъинаюлей йиго «т1инч1ги ун хут1араб х1инч1алда», летчикаллъун рахъарал гьелъул ц1алдохъаби «ц1умаллъун роржуна», рахуна т1адгьаваялде.


Слайд 38 1.Расул Х1амзатов гьавурав сон?
а) 1923
б) 1925
в) 1932
 2.Расулица

1.Расул Х1амзатов гьавурав сон?а) 1923б) 1925в) 1932  2.Расулица т1оцебесеб кеч1 хъвана?а)

т1оцебесеб кеч1 хъвана?
а) 7 сон байдал
б) 9 сон байдал
в)

11 сон байдал
 3.Т1оцебесеб кеч1 печаталда бахъана:
а) 7 классалда
б) школа лъуг1идал
в) Буйнакскалде ц1алулеб мехалъ
4.Т1оцебесеб т1ехьалда ц1ар?
а) «Х1асратаб рокьиги боркьараб ццинги»
б) «Рорхатал ц1ваби»
в) «Ват1аналде»

Слайд 39 Жабал:

1. 1923
2. 11 сон байдал
3. 7 классалда
4.

Жабал:1. 19232. 11 сон байдал3. 7 классалда 4. «Х1асратаб рокьиги боркьараб ццинги»

«Х1асратаб рокьиги боркьараб ццинги»


Слайд 40 Цо нухалъ г1акъилчиясухъе вач1ун вуго цо г1олохъанав вас

Цо нухалъ г1акъилчиясухъе вач1ун вуго цо г1олохъанав вас . Гьес кьун

. Гьес кьун буго цо гьадингояб суал: жинда кинабго

лъалин ,жинца киналго т1ахьалги ц1аланин,жинда лъалареб жоги гьеч1ин, гьелдеги живго ругьунлъанин. Дуца бицейин дие учитель къвариг1уневищ?
Г1акъилчи гьесда велъанила ва абунила: «Мун жиндихъе к1иго къоялдаса вач1айилан, дица гьелъие жаваб кьелин». Гьев нахъе анила.
К1иго къоялдасан вас вач1анила г1акъилчиясухъе. Гьес абунила. Мун гьаб кагъатги босун айин, гьаб дуца щвезабе росулъе. Гьеб росуги буго г1ор бахун добехун.

Слайд 41 Г1урухъе щвейгун дуда гьенив ватизе вуго расачи ,

Г1урухъе щвейгун дуда гьенив ватизе вуго расачи , гьес щвезавилин мун

гьес щвезавилин мун дове. Хадусеб къоялъ радалго вахъун гьев

щванила г1урухъе, гьенив гьесда расачи ватанила. Гьев расаялда рек1анила, ва унаго гьесда рак1алде щванила, нух кин батизе кколебали, жиндагоги лъалеб бук1инч1ила гьасда, расачиясда гьикъидал гьесдаги лъалеб батич1ила.
Гьев т1ад вуссун г1акъилчиясухъе вилълъанила, бит1араб нух лъазе бук1ине.
Гьесда г1акъилчияс абунила: «Гьелейин дур доб суалалъе жаваб» дуда кинабго лъалеб бугин, дуе гьеб лъазе ресги бугин, амма доб нух лъач1ин, дуе къвариг1ана гьеб бицунев чи. Кинабго жо лъазе ккани къвариг1уна учитель. Гьаб биценалъ бихьизабулеб буго киг1ан г1емер жо лъаниги учитель гьеч1ого щибго гьабизе бажарулареблъи.Учитель ккола – г1адан бит1арав нухде вачунев чи, г1умрудул т1оцебесеб кьуч1 лъолев чи.

Слайд 42 Мах1ачхъалаялда г1урус учительницаялъе бараб памятник

Мах1ачхъалаялда г1урус учительницаялъе бараб памятник

Слайд 43

Учителасде Дица щибаб

Учителасде
Дица

щибаб къоялъ бет1ер къулула,
Лъай кьурав г1агарав учитель дуе.
Г1умруялъ дие нух берцин гьабурав,
Гьайбатаб рак1алъул учитель дуе.
 
Дица щибаб къоялъ баркала кьола,
Берцинаб, г1ащикъаб дур каламалъе.
Киналго дарсазухъ, дур гьунаралъе,
Гьел хъах1ал расазухъ хехго раккарал.
 
Дур гьурмада ругел рукк1алабазе,
Рик1к1ун х1ал к1олареб дур гьимиялъе.
Рорч1арал сардазухъ, зах1матал къояхъ,
Саринг1ан х1айранал дур пикрабазе.

Слайд 44 Дарсица гьабураб асар

Дарсица гьабураб асар

  • Имя файла: prezentatsiya-po-avarskoy-literature-vera-vasilevna.pptx
  • Количество просмотров: 198
  • Количество скачиваний: 0