Что такое findslide.org?

FindSlide.org - это сайт презентаций, докладов, шаблонов в формате PowerPoint.


Для правообладателей

Обратная связь

Email: Нажмите что бы посмотреть 

Яндекс.Метрика

Презентация на тему к уроку по родной литературе на тему Имам Шамиль

Содержание

Дарсил мурад. Имам Шамилил г1умруялъулгун лъай –хъвай гьабизе, ц1алараб асаралъул маг1на жидецаго босизе(ай аслияб пикружидерго раг1абаздалъун загьир гьабизе), асаралъул герой, гьесул сипат –сурат, гьес гьабураб иш, загьир гьарурал пикраби бихьизабизе, Шамилил ишазе, г1амал-хасияталъе къимат кьезе, героясдехун
Авар калам. 2 класс. Имам Шамил. Дарсил мурад. Имам Шамилил г1умруялъулгун лъай –хъвай гьабизе, ц1алараб асаралъул маг1на жидецаго ДагъистанВат1аналъул гъот1ол гьит1инаб г1аркьел,Г1аммаб хъизамалъул мустах1икъав васДир михъал урхъарав кьалул багьадур,Кьибилго урхъарав чодул рек1арав. Шамиль гьавуна 26 июналда (7июлалда) 1797 соналъ , бусурбабазул календаралда рекъон мух1аррам Гьесул эбел Бахумеседо йик1ана бегзабазул тухумалъул чи Пирбудагъил яс. Шамилил к1удияв инсуда Гьит1инав Шамиль дагь-дагьккун сахлъун, лъик1 лъугьун вуго. К1удияв г1ейгун, гьесул лъугьун вуго Ц1ализеги Шамиль к1удияв пагьму-гьунар бугев вас вук1ун вуго. Шамилил т1оцевесев учитель вук1ун Ч1иркъат1а Реццакь къварилъухъ т1обит1араб данделъиялда Генуса Шамилилги, Колоса Сурхайилги, Игьалиса Саг1итилги имамлъун 1834 соналъ Шамиль вищула имамлъун, амма гьес инкар гьабула имамлъиялдаса, гьелъул бугеб «Рукъалабаз ц1ураб гужгат рет1аравДенгал Мух1амадил мискинав васас,Муса-аварагас нек1о халкъ г1адин,Росаби ах1ана рит1ухъаб рагъде» Шамилица абулаан.Хадуб бук1инелъул пикру гьабулев багьадур гуро.Т1агърал г1емер руго, бихьинал дагь руго.Г1елмуялъул Мун бищунго ц1одорго вук1а гьудуласул куц бугев тушманасдаса. Шамилица абулаан.Гьерсилги х1акъикъаталъулги г1урхъи хонжрол балалда бук1унеб.Х1инкъиялъ щивниги хвасар гьавич1о.Багьадурасда х1инкъи лъаларо, Филворд. «Шамилил хъизам» Дагъистан бечедаб буго рорхатал муг1руздалъунги, г1ат1идал авлахъаздалъунги, - дунялалда ц1ар раг1арал багьадурзабаздалъунги. Асх1абзаби гъурараб,Бадру Ух1удалдацин,Ах1улгох1да г1адинаб, Х1алуцараб рагъ ккеч1о.Гьаниб шугьадаазда,Бихьараб гулил къиса,Къаралабалъ гурони,Цоги кибго бихьич1о. Ах1улгох1 – гьеб лъугьана маг1арулазул бихьинчилъи, бах1арчилъи борцунеб бак1лъун. Ах1улгох1- гьеб лъугьана Сценка. Рокъобе х1алт1и.Гьум. 120-123 Шамил имамасул васият рек1ехъе лъазабизе. «Шамилил Г1олохъанлъи» абураб хабаралъул къокъаб х1асил бицине лъазабизе. Гьарула цадахъ босе, Гьарула к1очон тоге, К1удияб бах1арчилъи, Гьит1инаб дур халкъалъул. (Расул Х1амзатов.)
Слайды презентации

Слайд 2


Слайд 3 Дарсил мурад. Имам Шамилил г1умруялъулгун лъай –хъвай гьабизе,

Дарсил мурад. Имам Шамилил г1умруялъулгун лъай –хъвай гьабизе, ц1алараб асаралъул маг1на

ц1алараб асаралъул маг1на жидецаго босизе(ай аслияб пикружидерго раг1абаздалъун загьир

гьабизе), асаралъул герой, гьесул сипат –сурат, гьес гьабураб иш, загьир гьарурал пикраби бихьизабизе, Шамилил ишазе, г1амал-хасияталъе къимат кьезе, героясдехун ва гьес г1ахьаллъи гьабулеб лъугьа- бахъиналдехун авторасул ялъуни жидер бугеб бербалагьи загьир гьабизе, Шамилил сипат –сурат цебеч1езабулел раг1аби ратизе, суалазул кумекалдалъун тексталъул х1асил тартибалда бицине, Ват1аналдехун, багьадурзабаздехун рокьи бижизабизе.

Слайд 4 Дагъистан
Ват1аналъул гъот1ол гьит1инаб г1аркьел,
Г1аммаб хъизамалъул мустах1икъав вас
Дир михъал

ДагъистанВат1аналъул гъот1ол гьит1инаб г1аркьел,Г1аммаб хъизамалъул мустах1икъав васДир михъал урхъарав кьалул багьадур,Кьибилго урхъарав чодул рек1арав.

урхъарав кьалул багьадур,
Кьибилго урхъарав чодул рек1арав.


Слайд 5 Шамиль гьавуна 26 июналда (7июлалда) 1797 соналъ ,

Шамиль гьавуна 26 июналда (7июлалда) 1797 соналъ , бусурбабазул календаралда рекъон

бусурбабазул календаралда рекъон мух1аррам моц1алъул т1оцебесеб къоялъ Генуб росулъ

узденчи Денгасул Мух1амадил хъизамалда.

Слайд 6 Гьесул эбел Бахумеседо йик1ана бегзабазул тухумалъул чи Пирбудагъил

Гьесул эбел Бахумеседо йик1ана бегзабазул тухумалъул чи Пирбудагъил яс. Шамилил к1удияв

яс. Шамилил к1удияв инсуда ц1ар бук1ана Г1али. Т1оцебе Шамилида

ц1ар Г1алиян лъун бук1ун буго. Гьит1инаб мехалъ гьев вук1ун вуго ц1акъ х1алакъав, г1емер унтулев чи. Маг1арулал божулаан, ц1ар хисани, лъимер унтиялъ теялда. Гьединлъидал Г1алида ц1ар Шамилан хисун буго. Гьебги бук1ун буго эбелалъул вацасул ц1ар.

Слайд 7 Гьит1инав Шамиль дагь-дагьккун сахлъун, лъик1 лъугьун вуго. К1удияв

Гьит1инав Шамиль дагь-дагьккун сахлъун, лъик1 лъугьун вуго. К1удияв г1ейгун, гьесул лъугьун

г1ейгун, гьесул лъугьун вуго ц1акъ чорхолъ вит1арав, къуват бугев,

тирияв, лебалав г1олилав.Доб заманалда лъимал ругьун гьарулел рук1ун руго г1ужда реч1ч1изе, рекеризе, к1анц1изе, гугаризе. Шамилие ц1акъ бокьулеб бук1ун буго гьединал къецазулъ г1ахьаллъи гьабизе. Хвалчад ва хонжрод вахъинеги гьесул гьунар бук1ун буго.

Слайд 8 Ц1ализеги Шамиль к1удияв пагьму-гьунар бугев вас вук1ун вуго.

Ц1ализеги Шамиль к1удияв пагьму-гьунар бугев вас вук1ун вуго. Шамилил т1оцевесев учитель

Шамилил т1оцевесев учитель вук1ун вуго генуса Гъази –Мух1амад. Хадув

гьев ц1алулев вук1ун вуго Унсоколо, гьесул учитель вук1ун вуго Казикумухалдаса Джамалудин. 20 сон балелде гьес лъазабуна грамматика, логика, риторика, г1араб мац1, философия ва лъазаруна законал.

Слайд 9 Ч1иркъат1а Реццакь къварилъухъ т1обит1араб данделъиялда Генуса Шамилилги, Колоса

Ч1иркъат1а Реццакь къварилъухъ т1обит1араб данделъиялда Генуса Шамилилги, Колоса Сурхайилги, Игьалиса Саг1итилги

Сурхайилги, Игьалиса Саг1итилги имамлъун тезе суал лъунила. Гьебго данделъиялда

суал бач1ун бук1анила К1ванадаса Г1абдуладибир, яги Г1ашилт1аса Г1абдула, яги Данухъа Иманг1али имамлъун тезеги. Г1ашилт1аса г1адамазул биценалда рекъон Шамилица Г1ашилт1аса Г1абдулаги цеве тун жиндица имамлъи гьабиларин абурабила. Амма, гьезул цоясцин разилъи кьеч1ого, мажлис биххун буго.

Слайд 10 1834 соналъ Шамиль вищула имамлъун, амма гьес инкар

1834 соналъ Шамиль вищула имамлъун, амма гьес инкар гьабула имамлъиялдаса, гьелъул

гьабула имамлъиялдаса, гьелъул бугеб к1удияб жавабчилъи бихьун. Гьесда чанго

нухалъ нахъеги гьарула имамлъи гьабейилан, иргадулаб гьединаб гьари ва х1укму, г1емер ургъелал ва пикру гьабун, гьес къабул гьабула ва Шамил имамлъун вахъуна. Гьелдасан байбихьана Дагъистаналъул к1удияб къиса.


Слайд 11 «Рукъалабаз ц1ураб гужгат рет1арав
Денгал Мух1амадил мискинав васас,
Муса-аварагас нек1о

«Рукъалабаз ц1ураб гужгат рет1аравДенгал Мух1амадил мискинав васас,Муса-аварагас нек1о халкъ г1адин,Росаби ах1ана рит1ухъаб рагъде»

халкъ г1адин,
Росаби ах1ана рит1ухъаб рагъде»


Слайд 12

Суалал.1.Шамил Дагъистаналъул щив чи

Суалал.
1.Шамил Дагъистаналъул щив

чи кколев?
2.Шамил кив гьавурав?
3.Т1оцебе Шамилида ц1ар щиб бук1араб ва щай гьеб хисараб?
4.К1удияв г1ейгун, Шамиль кинав вук1арав?
5.Ц1ализе Шамил кинав вук1арав?

Слайд 14 Шамилица абулаан.
Хадуб бук1инелъул пикру гьабулев багьадур гуро.
Т1агърал г1емер

Шамилица абулаан.Хадуб бук1инелъул пикру гьабулев багьадур гуро.Т1агърал г1емер руго, бихьинал дагь

руго, бихьинал дагь руго.
Г1елмуялъул мац1 бич1ч1уларезда, хонжрол мац1 бич1ч1унеб.
Аллагь

тун бат1иясдаса х1инкъулев бихьинчи гуро.

Слайд 15 Мун бищунго ц1одорго вук1а гьудуласул куц бугев тушманасдаса.

Мун бищунго ц1одорго вук1а гьудуласул куц бугев тушманасдаса.

Слайд 16 Шамилица абулаан.
Гьерсилги х1акъикъаталъулги г1урхъи хонжрол балалда бук1унеб.
Х1инкъиялъ щивниги

Шамилица абулаан.Гьерсилги х1акъикъаталъулги г1урхъи хонжрол балалда бук1унеб.Х1инкъиялъ щивниги хвасар гьавич1о.Багьадурасда х1инкъи

хвасар гьавич1о.
Багьадурасда х1инкъи лъаларо, х1инкъучил рек1елъа гьеб х1ал киданиги

т1аг1унаро.
Бищун къуватаб щулалъи – Ват1аналде бугеб рокьи.
Бах1арчилъи буго цо лах1заталъул сабру.
Сабруялъул т1иналде ккун батула месед.

Слайд 17 Филворд. «Шамилил хъизам»

Филворд. «Шамилил хъизам»

Слайд 18 Дагъистан бечедаб буго рорхатал муг1руздалъунги, г1ат1идал авлахъаздалъунги, -

Дагъистан бечедаб буго рорхатал муг1руздалъунги, г1ат1идал авлахъаздалъунги, - дунялалда ц1ар раг1арал

дунялалда ц1ар раг1арал багьадурзабаздалъунги. Амма киназдасаго борхатаб мег1ерлъун Дагъистаналъе

Ах1улгох1 буго.

Слайд 19 Асх1абзаби гъурараб,
Бадру Ух1удалдацин,
Ах1улгох1да г1адинаб,
Х1алуцараб рагъ ккеч1о.
Гьаниб шугьадаазда,
Бихьараб

Асх1абзаби гъурараб,Бадру Ух1удалдацин,Ах1улгох1да г1адинаб, Х1алуцараб рагъ ккеч1о.Гьаниб шугьадаазда,Бихьараб гулил къиса,Къаралабалъ гурони,Цоги кибго бихьич1о.

гулил къиса,
Къаралабалъ гурони,
Цоги кибго бихьич1о.


Слайд 20 Ах1улгох1 – гьеб лъугьана маг1арулазул бихьинчилъи, бах1арчилъи борцунеб

Ах1улгох1 – гьеб лъугьана маг1арулазул бихьинчилъи, бах1арчилъи борцунеб бак1лъун. Ах1улгох1- гьеб

бак1лъун. Ах1улгох1- гьеб лъугьана диналде, имамасде бугеб божилъи, Ват1аналде

бугеб рокьи борцунеб борхалъилъун. Ах1улгох1 – гьеб лъугьана бер къапич1ого кодоб хвалчен, ханжарги босун г1арадабазде, тунк1азде т1аде унеб, цо чияс анц1гоясе жаваб кьолеб ва кьалда бергьунеб майданлъун.

Слайд 21

Сценка.

Сценка.


Слайд 23 Рокъобе х1алт1и.

Гьум. 120-123 Шамил имамасул васият рек1ехъе лъазабизе.

Рокъобе х1алт1и.Гьум. 120-123 Шамил имамасул васият рек1ехъе лъазабизе. «Шамилил Г1олохъанлъи» абураб хабаралъул къокъаб х1асил бицине лъазабизе.

«Шамилил Г1олохъанлъи» абураб хабаралъул къокъаб х1асил бицине лъазабизе.


  • Имя файла: prezentatsiya-k-uroku-po-rodnoy-literature-na-temu-imam-shamil.pptx
  • Количество просмотров: 153
  • Количество скачиваний: 2